Тема 11.Класстун къватIисеб цIалиялъул программа тIубай

 

Школазда лъай кьеялъул гьанжесел тIалабазда рекъон клас­стун къватIисеб цIали ккола литературияб программаялъул цIияб бутIалъун, рахьдал мацI малъиялъул чара гьечIеб гIаркьеллъун. Гьелъул аслияб мурадги буго школалъул соназда щивав цIалдохъанасул тIахьаздехун рокьи бижизаби, художествиялРасаразул тату лъалев, гьел цIаличIого чIеже кIоларев чилъун лъугьинави. Гьединлъидалин аваразул гIакъил ЦIадаса ХIамзатица цIалдохъабазда малъулеб бугеб:

Дуца гьалмагълъун ккве квергIатIидаб тIехь,

Кидал бокьаниги дуй пайда кьолеб;

Гьудуллъун те дуца литература,

Мун хисарданиги цо хIал ккун чIолеб.

 

IV–VIII классазул программаялда дарсида малъизе кьун буго 97 литературияб асар, класстун къватIисеб цIалиялъе бихьизабун буго 50 хасаб асарги ва харбазул, кучIдузул 14 тIехьги. Гьелдасан ункъабилеб классалда лъималаз рокъоб цIализе ккола 21 асар, цIаларал тIахьазда тIасан гара-чIвари тIобитIизе программаялда хасаб заман кьун гьечIо, мех-мехалда дарсида цо чанго минуталъ класс тун къватIисеб цIали унеб бугеб куцалъул хал гьабизе хIисабалде босун буго. БачIинахъего абизе ккола гьеб пачалихъалъул программа школазда тIубалеб гьечIилан. ТIадехун рехсохъе хал гьабурал районазул школазда авар литература бачунел учительзабаз класстун къватIисеб цIалиялъул программа тIубаялде кIвар кьолеб батичIо. Школазул библиотекабазда абуни, цIализе рихьизарурал асаразул 10 процентцин батичIо. Авар мацIалда рахъарал тIахьалги школазда цIакъго дагьал руго. Щивав цIалдохъанасе хIисаб гьабуни, бищун бечедаб библиотекаялда 0,2 тIехь кколеб бу­го. Гьел тIахьал цIализе киназего бокьани, ирга кидалха щвелеб? Амма ракI унтун хIалтIулел учительзабиги иш лъалел директоралги ругел школазда библиотекалги бечедал руго, лъималаз тIахьазулгун гьудуллъиги ккун буго. Гьез литература бачIинабулеб буго бибколлекторалдасан, почалдасан ва босулеб буго районалъул тукаде баккарабщинаб цIияб тIехь. Гьедин гьабуларел шко­лазда авар литература малъи релълъуна цояб гIаркьел бакъвараб гъветЬлда. Машгьурав педагог В. А. Сухомлинскияс хъван буго: «РухIияб рахъалъ камилав чи хIадуризе ккани, къваригIуна гьев тIахьазул дунялалде лъугьинавизе. ТIехь цIализе хIасрат бижиза­би, тIахьаздехун хIурмат лъугьинаби, тIахьазда берчIвайгун хIайранлъи– гьеле гьелъулъ буго школалъулги педагогияб захIматалъулги аслияб магIна. Школалда кинабго букIине бегьула, амма инсан кинабго рахъалъ цеветIезавиялъе, гьесул бечедаб гIумруялъе хIажатал тIахьал гьечIони, яги тIехь бокьулареб, гьелъул рухIел гьечIеб батани, гьеб жеги школа гуро, гIемераб жоялъул рахъалъ нилъ мискинал ва мукъсанал рукIине бегьула, амма кидаго ду­нялалде гIатIидго нилъее гордо рагьун чIезабизе къваригIарал тIахьал нилъер ругони, гьеб школа ккола», – ян. ЦохIо классазда кьурал дарсазда гьеб кIудияб масъала мухIканго тIубазе кIоларелъул класстун къватIисеб цIалиялда тIадчIей гьабизе ва гьеб якъинаб тартибалда гIуцIизе ккола. Школазда гIемер бицуна тIехь бокьизе ккеялъул, художествияб литература цIалиялде гъира базабиялъул, амма гьоркьоса къотIичIого лъималазул цIали гIуцIарав учитель къанагIатги ватуларо. Гьелъие гIиллаги буго класстун къватIисеб цIалиялъул программа тIубазе мустахIикъаблъун гурони, тIадаблъун учительзабаз рикIкIунгутIи, школазул нухмалъулез гьеб суал сан гьабичIого тей. 1974 соналдаго СССРалъул цIалул ишазул министерствалъ, класстун къватIисеб цIали гIyцIизе кколеб куцалъул бицун, школазде битIараб малъа-хъваялъул кагътазда мухIканго бихьизабун буго: «ТIехьалдехун цIалдохъабазул интерес ва рокьи бижизабизелъун, жалго жидедаго чIун тIадегIанаб махщалида цIалдезе ругьун гьаризелъун жив-жив цIалдохъанасулгун батIаго хIалтIи гьабичIого чара гьечIолъиялде педагогиял коллективазул кIвар буссинабизе. Гьединго лъималазул жалго жидедаго чIун цIали гIуцIиялъул ва школазул библиотекабазул хIалтIул суалазухъ педагогазул гьедин­го районоялъул советазда гIенеккизе ккейги». Рехсараб кагътида лъималазул цIали лъикI гIуцIарал школазул хIалбихьиялъулги гIатIидго бицун буго, амма гьеб малъа-хъвай кьочIое босун хIалтIи чIаго гьабурал педколлективал къанагIатго ратулел руго. Бищунго цебе лъималазул жидерго цIалиялъе цо чIараб нухмалъи букIинабизе ккола. Гьеб иш мухIканго рекъезабун гIуцIизе ккола рахьдал ва гIypyc мацIалъул учительзабазги школалъул библиотекарасги. ЦIалул сон байбихьилалде рахьдал мацIалъул учителасда кодоб букIине ккела росдал ва школалъул библиотеказда авар мацIалда ругелщинал литературиял асаразул (тIахьазул) мухIканаб сияхI. Программаялда кьурал, хасго жидецаго цIализе рихьизарурал асаразул къадар лъазе ккела, камуразда дандритIун хисун цIализе мустахIикъал тIахьалги рихьизаризе тIадаб буго. Цинги план бахъила кидал кинал асарал цIализе кьелелали ва кип хIасилал гьарилелали.

Жакъа хIатхун гIемераб тIехь басмаялде бахъулеб мехалъ, кIудияб кIвар буго данде кколеб лъикIаб тIехь тIаса бищизе лъимал ругьун гьариялъул. Цебекканщинаб тIехь цIализе лъугьиналъул пайда букIунаро. Гьединлъидал учителас лъазабизе ккола кинаб тайпаялъул асарал щивав цIалдохъанасе рокьулелали, гьесул paкI балеб тайпаялъул асаразда гъорлъа мустахIикъал, интересал тIахьазул цIаралги ва гьел ругеб бакIги бицине ккела, гьелдаго цадахъ лъималазда малъизе ккола (библиотекаргун цадахъ лъугьун) каталогги хъирщун, жиндие хIажатаб тIехь балагьизе, хадубккунги тIахьазул бечелъиялдаса пайда босизе лъазе кколелъулха. Гьанибго абун тезин, IVVIII классазул цIалдохъабазда библиотекаялдаса пайда босизе малъиялъе гIуцIараб про­грамма бахъун буго «Библиотекарь» журналалда (1976 с. № 24). Амма гьабсагIат школазда гьелда рекъон гьабулеб хIалтIи гьечIо, цо-цо школазда гьединаб программа букIин лъалеб батичIо. Гьеб программа тIубайги ккола жалго цIалдезе лъимал куцаялъул сахаб бутIалъун.

«Авар мацIалда цIиял тIахьал» абураб бокIоналда лъун, гъоркь къокъаб баянги хъван, гьединго классалде рихьизе росун, учителас яги библиотекарас баян кьун, тIахьал лъималазда гьоркьор тIири-тIизаризе лъикIаб буго. Учителасда лъазе ккола щал цIалдохъабазул рокъоб хъизаналъул библиотека бугебали ва авар мацIалда кинаб литература щивасул бугебали. Гьелъ рес кьола цоцахъе цIализе тIахьал кьеялъул иш гIуцIараб къагIидаялъ бачине. Гье­динго школазда цIалулъ ва къецазулъ бергьенлъи босарал лъималазе сайгъаталъе директорасул фондалдасан тIахьал кьолеб къагIидаги лъикIаб рахъ буго.

Рахьдал ва гIypyc мацIалъулгин литератураялъул учительзабазул, гьединго классруказул цадахъаб методикияб цолъиялда библиотекарги гIахьал гьавун, тIахьал цIалулезул конференциял, бахкал, литературиял вечерал тIоритIизе гIатIидал планал гIуцIула. Гьезда рекъон щибаб классалда цIалдохъаби хIадурлъула гьел ишазда жигараб гIахьаллъи гьабизе.

Литература бокьулел цIалдохъабаздасан гIуцIула «ТIахьалхирад», «ТIахьазул гьудулзаби» гIадал клубал. ТIахьазул гьудулзаби ккола библиотекаялъул кумекчагIилъун. Гьез цIиял рачIарал тIахьазул хъвай-хъвагIай гьабула, гIисинал цIалдохъабазухъе тIахьал кьола, жагъаллъарал тIахьал къачIала, библиотекаялда рацIцIалъи чIезабула. Къадал газетазда рахъула цIаларал тIахьазул хIакъалъулъ макъалаби, цIиял рачIарал тIахьазе къокъал баянал кьола.

Классалъул сагIтил заманалъ рокьулел тIахьазул ва литера­туриял героязул бицуна, интересал бакIал, героял, гьезул ишал ракIалде щвезарула, цIализе мустахIикъал тIахьал рихьула, цо-цо асарал цIалула.

Байбихьул классаздаго гIадин, IV ва Vклaccaздaги рахьдал мацIалда paгIyн цIали гIуцIизе лъикIаб буго. Учителас интересаб тIехь цIализе бачIунеб къоялъухъ гIащикълъун рукIуна лъимал. ГIадада гурелъул А. С. Макаренкоца абулеб букIараб: «ЦIияб тIехьалъулгун лъай-хъвай байбихьизе ккола рагIун цIалиялдаса».

ЧIахIиял асарал интересаб бакIалда къотIизеги тун, хадуб ккараб жо лъазе лъугIизегIан жидецаго цIализе тола. Гьелъги тIехьалде лъималазул ракIбаялъе кумек гьабула.

Сценаялдаса бихьизабизе текст къачIазе, квералъ хъварал ли­тературиял газетал ва журналал къватIире риччазе, концертазда ахIизе, цIализе кучIдул, харбал лъазаризе тIадкъан, литературияб кабинет къачIазе, тIахьазул выставка гIун1изе тIамун, лъимал художествияб калам бокьизе ругьун гьарула. ПасихIго цIалиялъул конкурсал гIуцIун, радиоялдасан концерт кьезе хIадур гьарун, драмаялъул кружоказда гIахьаллъизе рачун, творческияб кружок хIалтIизабун, цIалдохъабазда художествияб калам гьуин гьабула.

ХIалбихьи бугел учительзабаз классалъул къеда балеб хъорщода чIвала авторасул суратги, хадусеб анкьалда, кIиго анкьида яги моцIида жаниб гьесул тIахьаздаса жидецаго цIализе кколел асаразул сияхIги ва щибаб асаралда хурхарал хасал тIадкъаялги. ЦIараб болжалалда рихьизарурал асарал щивас цIалиялда хадуб тIолабго классалъулго хъаравуллъи чIезабула.

Суалал ва тIадкъаял кьола классалдаго бахIс тIобитIизе хIисаб гьабуралги, гьединго щивасе яги къокъа-къокъабиккун xlaдуризе хасал тIадкъаял хъварал карточкаби. Масала, кечI яги хабарги цIалун, по къокъаялъ гьелъул къокъаб план гIуцIизе, цогияз суалал хIадуризе, лъабабилез щивав героясул цIаралдасан хIасил бицине ва гь. ц. тIадкъаял кьела.

Цо-цо цIалдохъабазе батIаго гьадинал тIадкъаял кьезе бегьула:

– Художествияб каламалъул квегIенлъаби (эпитетал, дандекквеял ва гь. ц.) ратизе; гьезул кIваралъул бицине.

– ПасихIго рекIехъе цIали яги художествияб къагIидаялъ тIубанго яги тIаса рищарал бакIал рицине.

– Бищун рекIелъ босараб лъугьа-бахъиналъул сурат бахъизе.

– Суратал рахъизе лъалев ва бокьулев цIалдохъанасда тIад къала пуланаб кочIол (харбил) хIасил загьир гьабулел суратал рахъизе.

– Дарсида малъараб асаралъулги, рокъоб цIаларалъулги героял дандеккун, хIасил гьабизе.

Щивав цIалдохъан хIадуризе киназего гIаммал тIадкъаял кье­зе бегьула. Масала:

1. Гьаб асар цIалулелъул сунца дур ракI тIаде цIараб? (ПасихIаб мацIалъищ; лъугьа-бахъиназищ, героязул къисматалъищ, асаралъул гIуцIиялъищ?) Кинав героясул къисматалъ дуе цIикIкIун асар гьабураб? Щаяли бице.

2. ТIехь (асар) кин цIалун араб (бигьаго, захIматго, тIаса вичIизе кIвечIого), цIалулелъул кинаб асар дуе цIикIкIун гьабураб? (ццинбахъин, рокьукълъи, хIайранлъи, рохел, пашманлъи, анищ).

3. Бищун берцин рихьарал кочIол мухъал, предложениял хъвай. Щай гьел тIаса рищаралали бицине хIадурлъе.

4. Асар (тIехь) цIалулаго дулъ бижараб анищ, пикру, асар хъвай. Мунго кинав геройлъун вукIине бокьилеб, кинавлъун вукIине рази гьечIевали бицине хIадурлъе ва гь. ц.

Щибаб цIализе бихьизабулеб асаралъул жанралда, магIнаялда рекъон тIадкъаялги батIи-батIиял рукIине бегьула. Классалъул сагIтил заманалда гьединго дарсида щуго-анлъго минутги кьун, жидецаго цIаларал асаразул анализ тIобитIизе, тIадкъаял тIурараб куналъухъ хал гьабизе ккола. Гьеб буго хашго тезе бегьулареб иш. Жидецаго цIаларал кIудиял асаразул гIатIидаб анализ гьаби­зе заманги ресги букIунарелъул, классалда гIадин киналго рахъазде кIвар кьун гьабичIого, анализалъе цо аслияб рахъ босун тезе лъикIаб буго. Масала, гьудуллъиялъул яги намус-яхIалъул, сахаватлъиялъул, бахIарчилъиялъул, тIадаб борч тIубаялъул цо хасаб суалги босун, гьелда сверухъ гIуцIизе гара-чIвари. Бегьула пасихIаб мацIалъул яги асаралъул гIуцIиялъул, жанралъул суалги босун, анализ гьабизеги. Гьеб суал лъималазда цебеккунго лъазабизе лъикIаб буго. Гьеб букIине ккола гъираялда асар цIализе лъимал тIамулеб тIадкъайлъун. ЦIалдохъабазе гьеб суалалъул интерес гьечIонани, гIемерисез тIехь цIалуларо, цIализе лъугьаниги, лъугIизеги гьабуларо. ЦIализе тIехь бихьизабиялда цадахъ щивасул пнтересалда данде кколеб тIадкъаял кьела. Гьезда гъорлъа киназего гIаммаблъун букIина жидецаго цIаларазда гъорлъа берцин рихьарал кучIдул, бегIерал пикраби, цIодорал рагIаби хъвалеб, суратаз ва накъищаз къачIараб альбом хIалтIизаби. Гьезда жанир хъвазе бегьула жалго цIалдохъабаз ургъарал кучIдул, бицанкIаби, харбал. Лъималаз хасго ясаз цоцаздасан хъван балъго гьединал альбомал гьарула, гьезда жанир «къватIул» кучIдулги ккезе бегьула. Гьединлъидал пасихIал, магIна гъваридал халкъиялги авторазулги асарал тIаса рищизе лъималазе кумек гьабизе ккола.

Авар мацIалда цIияб тIехь басмаялдаса къватIибе бачIарабго, учителас ункъабилеб классалъул лъималазе цIализегIадаб асар бугищ гьелдаяли хал гьабула ва пасихIлъи гIурал магIнаял кучIдул, харбал (къиса) хантIан классалде цIализе росула.

Къокъго абуни, аслияб жо буго авар литература кьолев щивав учителасул мухIканаб система букIин лъималазул тIохьодехун рокьи базабиялъулъ ва живгоги художествияб рагIул гIашикъ вукIин. ПасихIго цIалараб яги ахIизе лъазабураб лъикIаб кечIалъги, гIакъилаб хабаралъги, сахаб къисаялъги лъималазул рекIелъе сахаватлъиялъул мугьал рехичIого толаро. Гьел мугьал тIирщан тIор бан бихьи гIадаб рохел учителасе букIунаро. Гьелъие гIоло кьолеб захIматалде рачIинеги кколаро: нилъ учительзаби ругелъул!

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»